Нашид на аварском языке | КъутIбуясул нуралъ | Группа Батлух

Аватар автора
Мама-модница
Исполнитель Группа Батлух Нашид: КъутIбуясул нуралъ (авар) Текст нашида: КъутIбуясул нуралъ гвангъараб КагIба Бихьизе къасд лъола, къуват гIоларо. ГIилмудул хIур чIараб ХIарамалъул ракь, Рокьи духъ гьабула гьанивги вукIун. Гьижраялъ мун арав Мадинаялде Дунги ахIе, АхIмад, хIалхьун вукIине, ХIарбуялъ босараб Маккаги бихьун Хьул нахъбуссинабе ссудулеб рекIел. Мун вокьи рихараб халкъалда гъорлъа Хвезениги ваче дун БакъигIалде, ГIакъидатго гьечIеб къавмалда гьоркьов Къварид вугин, ХIабиб, гурхIа мун дида! Динул-Исламалъул сасго къотIараб ТIун аги гIодобе гIумруялъ туснахъ, ГIилму-тIалабалъе чараго гьечIеб ЧIунтун хараблъаги хъублъараб ВатIан! ТIагьаян ахIизе хIалхьи толареб, Таллагь, рихун буго гIадатазул нух, ГIаксалда хIалтIулел хIукмучагIазул ХIалай бакIлъун ккола бицунеб хабар. Хваразухъ хIайранаб, хIаят ч1алгIараб, ХIадисалъ бицунеб ахир замана, Зулматал гIемерлъун, гIалам жагьиллъун, ГIибадат басралъун, сурун бугеб куц. Свинго гьечIеб чирахъ жаниб бакараб Каранда къан буго къиматаб Равза, Къадру тIокIав ТIагьа жанив къанщараб Щола мун ракIалде ГIаишатил рукъ. ШафагIат бокьарал, гьоболлъухъ унеб Гьадиясул къубба гIагарда анищ, ГIишкъу бергьаразул мурад тIубалеб ТIайбаталде сапар бухьине анищ. Авараг хьвадараб ХIижаз ракьалде ХIалкIолеб куц анищ гьижра гьабизе, Гьесул жигьадазул лъалкIниги анищ Аллагьасул нухда дуниял тезе. Дур нур бихьуларел берзул канлъухъе Кин гали босилеб, я Расулуллагь? Дур фуюза чвахун чуричIеб ракIалъ Чорокаб нафсалде кIал кин гьикъилеб?

0/0


0/0

0/0

0/0