Аминат Х1УСЕНОВА, Х1утниб гьоркьохъеб школалъул директор

Аватар автора
Эркенаб ГЪУНИБ
Патриоталлъун гьаруларо… РакIалда буго цевегIанго щун вукIана ХIутниб гьоркьохъеб школалде. ТIубан тIалаб-агъазалда, жанисаги къватIисаги цIи гьабулеб хIисаб батун букIана. Гьале гьанже нахъеги раккана гьебго школалде жанире. Гьай-гьай, бакIа-бахарун батана. ГIемерисел ратана дарсида. Дандего вачIана хъаравул ва гьес хъвай-хъвайги гьабун гурони ниж жанире риччачIо. Жиндирго хIалтIуде машгъуллъун ятана школалъул директор Аминат ХIусенова. Исана анкьабилеб сон буго гьелъул бицен гьабулеб школалъе нухмалъи гьабулеб бугелдаса. Щибха гьеб заманалда жаниб директоралъ гьабураб ва кинал масъалаби хутIарал ракI разияб къагIидаялъ хIалтIи лъугьине ккани.

0/0


0/0

0/0

0/0