Мух1амад КЪЕБЕДОВ АПАРАГЗАБИ 1

Аватар автора
Эркенаб ГЪУНИБ
Ниж т1оцере дандч1вараб мехалъ Сайгидпаша Г1умаханов х1алт1улев вук1ана Хасавюрт шагьаралъул МЭРлъун. Турциялда гьес абун бук1ана Дагъистаналде щвараб мехалъ гьес абун бук1ана жиндихъе вач1аян. Цо нухалъ щвана, к1иго нухалъ... Лъабабилеб нухалъ дицаго диего нигат гьабуна гьаб нухалъги Сайгидпаша кодове щвеч1они, Хасавюрталде т1ок1аб шаг бахъуларилан. Ватана талих1алъ. Циндаго т1аде виччач1о. Гьесда аск1ов Москвалдаса гьобол ватана. Хадув жинцаго Сайгидпашаца жаниве ах1ана... Гьедин раг1алде бахъана гьаб "Апарагзаби" абураб т1ехь. Гьеб ккана цо дие гуребги т1олго маг1арулазего, дагъистаниязе к1удияб лъугьа-бахъин. Т1ехьалъул презентация, цебелъей гьабизе х1аракат бахъана доб мехалъ Дагъистаналъул журналистазул Союзалъул председательлъун, "Х1акъикъат" газеталъул бет1ерав редакторлъун вук1арав Г1али Камаловас. Гьенибги г1ахьалъи гьабуна гьабсаг1ат Россиялъул пачалихъияб Думаялъул депутатлъун вугев Сайгидпаша Г1умахановас.

0/0


0/0

0/0

0/0