Памяти Тага Нурмагомедова | Нашид на аварском языке

Аватар автора
Радостный торжество
Исполнитель: Тага Нурмагомедов Нашид: Къураналъул ах!и буго Пусть Всевышний смилуется над тобой и введет тебя в Райскую обитель. Амин Текст нашида Къуръаналъул ахIи буго, гIин тIаме, ТIагьаясул дагIват бугин, нахъ рилълъа! Рогьа-роцIцIун дунял бугин, квалкваде, ЦIад-бакъ рекъон гьава бугин, хур бекье! Ахир заман бачIун бугин, тохлъуге, Тавбоялде хивал ккарав, кватIуге! Хасел тIаде щвезе букIин кIочонге, Щивав чияс жиндийго рукъ хIадуре! Дунялалъул ханлъиялда божуге, Хойзе вукIин ракIалдаса беччаге! РухI бахъулеб сагIат цебе чIезабе, ЧIаго даим хутIуларев лъан букIа! ЛъикIаб агьло гьудуллъун ккой кидаго, Квешаздаса цIунизеги цIакъ бахъе, ЦIаялдегIан гьезда аскIовги къаге, Къасаваталъ мехтараб къавм жибго те! Алжан-жужахI букIиналда щаклъуге, СиратI-мизан букIиналда ракIги чIа! РекIелъ иман хIакълъунго дур батани Къадирасул Каламалда мун божа! Кавно жиндир нуралдасан бижарав, БетIергьанас ХIабибилан цIар тарав, Расулас жал рицун тарал хIадисал – РитIухълъиялъ чIел босараб хIукму дуй. Дунял-ухра берцинлъизе бокьарас Босе гали Исламияб нухасан, Халикъ жинда лъалев лагълъун ватани, Тоге абе лагълъиялъул адабал! Дурго жагьиллъиялдаса ракI бакъван, Къадирасда цебе вукъуф гьабуни, ГьебгIан дуе пайда-хайир цIикIкIараб Даран-базар киданиги щвеларо. Куфру-нифакъ рекIелъа къватIиб гъезе Къуват дагьаб яргъидалъун кIолареб, Ярагъалъул бищун къуват цIикIкIараб – Къойил баче «Ла илагьа иллаллагь»! Аллагь – магIбуд цIохIо вукIин бицунеб, Цо абунги гIемер мунагь чурулеб, ГIемер...

0/0


0/0

0/0

0/0